ГьатIан къоялда Хорватиялда тIоритIана парламенталъул рищиял. ЖамгIияб пикру баянлъизабиялъул гьикъа-бакъияз бихьизабулеб буго, гьанже нухмалъуда бугеб социал-демократ Зоран Милановичица нухмалъулеб квагIал центристазул альянсалъул аслияб конкурент консервативияб «Патриотияб коалиция» букIин. Ахириселъул рагIула дагьалъ цIикIкIараб рейтинг.
Прогнозазда рекъон, политикиял къуватазул цогIагиялда бажаризе гьечIо хIукумат гIуцIизе рес кьолеб бакIазул къадар щвезе.
Гьел кколел руго Хорватия Евроцолъиялде гъорлъе лъугьун хадуб тIоцересел парламенталъул рищиял. Гьел тIоритIулел руго мигрантазул кIудияб къадар улкаялде бачIиналъул ва анлъго сонил рецессиялдаса рорчIизе гьабулеб хIалтIиялъул фоналда.