Ссылки для упрощенного доступа

Жанубияб Суданалда бортун буго аэроплан


Жанубияб Суданалда юк баччулеб Ан-I2 аэроплан бортиялъул хIасилалда цереккунисел баяназда рекъон, хун ватизе бегьула гIодор рукIаралги рикIкIун 4I чи. Амма цогидал баяназда рекъон, хун ватизе бегьула 32 чи. Улкаялъул президентасул сверухълъиялъул вакильзабазул лъазабиялда рекъон, аэропланалда документазда рекъон, вукIине кколаан экипажги рикIкIун 18 чи.

БакIалъулал хъулухъчагIаз лъазабиязда рекъон, экипажалде гъорлъе унев вукIун вуго 6 арменияв ва цо россиялъулав. Жибго аэроплан букIун буго юк баччулеб Allied Services Ltd абураб фирмаялъул. Гьелъул регистрация букIун буго Таджикистаналда.

XS
SM
MD
LG