Журналист ва шагьаразул тарихчIужу Светлана Анохиналъ бахъараб «БукIана гьединаб шагьар. Дербент» абураб тIехьалъ рес кьолеб буго тарихалде буссараб некIсияб шагьаралъул гІумру цІидасан гІадамазул пагьмуялде нахъ буссинабизе. Дербент шагьаралда гIумру гьабун рукIарал ва гьанже гIумру гьабулел гIадамазул тарих буссун буго берцинаб тІехьалде. Гьелъие кумекги жалго гІадамаз гьабун буго. Проекталъул автор Светлана Анохиналъ ва гьелъул командаялъ техь хIадур гьабулаго ракIарал басриял суратаздаса нижер мухбир Алиса Алдашевалъ хIадур гьабуна фотогалерея.
"БукIана гьединаб шагьар. Дербент"

1
Дербент. «Орта-Капы» абурал каваби. Дербент ХХ гIасруялъул авал.

2
Дербенталъул хъала. «Каля-Капи» ва «Байат-Капи» щулалъаби. ХХ гIасруялъул авал.

3
Дербент. «Нарын-хъала» щулалъиялъул болъаби.

4
Дербенталъул щулалъи

5
Дербенталъул хабзал. ХХ гIасруялъул авал.

6
Дербенталъул майдан Совет союзалъул заманаялъ.

7
Дербенталъул киласа. ХХ гIасруялъул авал.

8
Дербенталъул гIадамал. ХХ гIасруялъул авал.

9
Дербенталъул вокзалалда гIадамал. ХХ гIасруялъул авал.

10
Дербенталъул вокзал. ХХ гIасруялъул авал

11
Дербенталъул «Октябрь».

12
Дербенталъул маххун нухазул вокзалалул мина бан буго ХIХ гIасруялъул ахиралда.

13
Дербенталъул «ТIасияб базар» ва Джума мажгит. ХХ гIасруялъул авал.

14
Дербент гьурмаздалъун. ХХ гIасруялъул авал.

15
Дербенталда букIана чанго консервал къалеб завод. Риидалил заманалда гьенир студентал хIалтIулаан.