Ссылки для упрощенного доступа

ОБСЕ-ялъ Азербайжаналъул рищиязде тохалчагIи ритIичIо


Парламентиял рищиял гьатIан къоялъ гьединго байбихьана Азербайжаналдаги. Оппозициониял партияз гьел рищиязе бойкот лъазабуна. Гьезул хIисабалда улкаялда шартIал гьечIо эркенал ва демократикиял рищиял тIоритIизе.

Амма оппозициялъул рахъалъан цо-цо кандидатазги къасд гьабулеб буго Милли мажлисалъул вакилзабилъун рахъине.

Демократикиял институтазул хIалтIи лъазабулеб Европаялда ХIинкъи ГьечIолъи ЦIуниялъул ва цадахъ рекъон ХIалтIи гьабиялъул гIуцIиялъул бюроялъ инкар гьабуна Азербайжаналде жиндирго тохалчагIи ритIиялдаса.

Рищиязухъ хал щал гьабулеб буго СНГ-ялъул ва Еврошураялъул Парламентияб Ассамблеялъул тохалчагIаз.

XS
SM
MD
LG