Афгъанистаналъул Лашкаргах абураб шагьаралда аскIор унел руго захIматал тунка-гIусиял хIукуматалъулги Талибаналъулги къуватазда гьоркьоб. Цебесеб къоялда талибаз жидехъего бахъун буго гьеб шагьаралъул сверухълъи.
Афгъанистаналъул нухмалъиялъ лъазабулеб буго, Лашкаргахалде тIадеги къуват битIиялъул хIакъалъулъ. Гьениб гIумру гьабулеб гIадамазул цо къадар гьенисан нахъе лъутун буго.