Туркиялъул тIадтараз Анкараялда Россиялъул ва Цолъарал Штатазул вакилзабазде жидерго протест лъазабуна гьеб кIиябго улкаялъ Сириялда ругел яргъид гIуцIарал къурдазул къукъабазе квербакъи гьабулеб букIиналъухъ.
Америкалъул ва Россиялъул вакилзаби Туркиялъул къватIисел ишазул министерлъиялде ахIун рукIанин, ва гьезде ракIалде щвезабун букIанин Курдазул Демократикияб цолъиялъул партия кколин террористикияблъун рикIкIунеб Курдазул хIалтIул партиялъул гIаркьеллъун.
Туркиялъул премьер министр АхIмад Давудогълуца жиндир разилъи гьечIолъи загьирабуна Цолъарал Штатаз курдазул къукъабазе ярагъ кьолеб букIиналда бан.