Талат къоялъ ГIизраилалда анлъгогIан кьвагьи бахъана. ЧIван вуго цо чанго гIизраилалъулав. АнцI-анцIгояв лъукъана. Ккун вуго терактал гьарурал гIадамал. ГIизраилалъул хасал хъулухъчагIазул баяналда рекъон гьениб унеб буго унго-унгояб интифада. Ахирисеб кIиго анкьида жаниб чIван вуго анкьго гIизраилалъулав ва къоло анкьго палестинияв, ян лъазабулеб буго Reuters агентлъиялъ. ГIизраилалъул полициялъулаз абулеб буго палестиниязул къукъаби Ццим бахъиялъул къо лъазабун буго гьениб.