Ссылки для упрощенного доступа

Нальчик - 2005: цоязе рагъ цогидазе операция...


10 сон тIубана Гъабардагун Балкариялъул тахшагьар Нальчикалде яргъид гIуцIараб тIадекIанцIи гьабун хадуб. Гьеб бидулаб акциялда гIахьаллъун вуго гIаммаб къагIидаялда 250 гIанав чи. Низам цIунулезул статистикаялда рекъон, тIадекIанцIаразул хун вуго 95 чи, низам цIунулел идарабазул 35 хIалтIухъан. Тунка-гIуси унеб мехалда хун вуго гIадатиял гIадамазул 15 чи.

1990 соназул ахиралда Шималияб Кавказалда тIобитIулеб букIана вагьабизмалде данде жигараб кампания. «Мемориал» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул къиматалда, гьеб кампания буссана «экстремизмалде данде къеркьеялде».

Цо-цо журналистазул пикруялда, Гъабардагун Балкариялда бусурбабазул балъгояб жамагIат бакканин абизе бегьула чачаназул тIоцебесеб рагъда хадуб. Гьеб жамагIаталъ кьучIое босана салафиязул, ай байбихьудаго букIараб исламалде нахъ руссиналъул ва шаригIат кьучIое босиялъул къварагIелалъул пикру жиндилъ бугеб идеология. Гьеб заманалдаго баккана рагIирекъонгутIиял официалиябин абулеб исламалъул РухIияб идараялъулгун.

2005 соналъул 13 октябрь. Гьужум байбихьана радал сагIат ичIгоялда.

ТIадекIанцIи гьабуна шагьаралъул чанго рахъалъан. Гьел тIадекIанцIиял аслияб къагIидаялда гьаруна низам цIунулел идарабазул минабазде ва объектазде.

Гъабардагун Балкариялъул жанисел ишазул идараялъул лъазабиязда рекъон, Нальчикалде тIаде кIанцIи хIадур гьабуна ва гьелъул нухмалъи гьабуна Гъабардагун Балкариялъул жамагIаталъул лидер Анзор Астемировас ва «Талибан» абураб жамагIаталъул лидер Илесс Горчхановас. Доб мехалда чачаназул сепаратистаз лъазабулеб букIана гьединго, гьелда гIахьаллъанин гьединго Гъабардагун Балкариялда доб мехалъ букIараб «Ярмук» абураб жамагIаталъгиян.

Генералияб прокуратураялъ лъазабухъе, гьеб тIадекIанцIиялъул мурад букIана «Россиялъул конституциялъул гIуцIи хисизаби, гьелъул территориалияб тIолголъи хвезаби ва Шималияб Кавказалъул регионалда исламияб пачалихъ гIуцIи».

«Мемориал» гIуцIиялъул пикруялда, гьеб динияб гIаркьелалъул гIолохъаби тIадекIанцIиялде гьесизаруна тIоцебего низам цIунулел идарабазул вахIшияб зулмуялъ ва тIадецуялъ.

Гьебго гIуцIиялъ Нальчикалде гьабураб тIадекIанцIиялъул гIайиб гIунтIизабун диваналда цеве чIезавурав Расул Кудаев лъазавун вукIана политикияв туснахълъун. Инсанасул ихтиярал цIунулез лъазабуна, сахлъиялде балагьун, Кудаевасул рес букIинчIин шагьаралда лъугьа-бахъунелда гIахьаллъизейин. Гьесде гIунтIизарурал гIайибал ругин ургъарал ва политикияб кьун жинда гъоркь ругелин.

Юрист ва инсанасул ихтиярал цIунулей Лариса Дороговалъ абулеб буго гьеб тIадекIанцIи терактлъун рикIкIине бегьуларин, гьеб тIадекIанцIи гIадатиял гIадамазде гуреб, пачалихъиял къуватиял структурабазде гьабун букIин ракIалде босанийин.

Лариса Дорогова: «Уголовияб къануназул бичIеналда гьеб ккола мятеж, ай дандечIей. ХIакъикъаталдаги гьеб букIанин абизе бегьула ярагъгун гьабураб протест. Диналде буссараб гIолиллъиялде гIемер соназ вахIшияб тIадецуй гьабулел къуватиял структурабазде данде ярагъгун протест. Терроризмалъул руго жиндирго ишараби. Гьаб нухалда гьел ишараби рукIинчIо».

Дороговалъулго гIадаб пикру загьир гьабулеб буго Нальчикалдаса Арсен Мокаевасги. Гьев ккола Кудаевасул вац.

Арсен Мокаев: «Щибха кколеб гьеб 13-леб? Унгоги, хIакъикъаталдаги гIолахъаби, диналде руссарал гIолохъаби ккезарунин абизе бегьула гьел низам цIунулелин абулел гIуцIабаз хIехьезе бажарулареб хIалалде. Нухмалъиялъги гьелде берал къанщулел рукIана, барал къайни щиб, гьединаб хьвада-чIвадиялде гьел гьесизарулелцин рукIанин абизе бегьула. Жакъа талъи ахIдолеб букIуна дора фашистал, гьанир фашисталин. ГIолохъабазул бутIрузда хъанчIал къунцIулел, мугжузда цIа лъолел чагIи жалго щалха рукIунел.

Дунги гьез чанги вухана, гьазаб кьуна, гьез диде абулеб букIана, щайха мун унарев рохьовейин, бихьинчагIи церего гьенире анин. Гьединал жал гьарулел мехалда бокьарав бетIер тIад бугев чиясул сабру холарищ? Гьеле гьединал чагIи 13 октябралда рачIана шагьаралде, гьеб букIана зулмуялде дандечIей. Теракт букIинчIо гьеб, теракт букIуна, халкъ хIинкъизабун, гьелъие зулму гьабулеб мехалда. Гьанибин абуни, халкъалде данде киналгIаги галиял гьарулел рукIинчIо. Гьеб акт букIана къуватиял структурабазде данде гьабураб».

Мокаевасулги Дороговалъулги оппонентаз абулеб буго, тIадекIанцIараз гIадамал гъоркьлъалие росун рукIанин. Мисалалъе, гIадатиял гIадамал гьез ккун чIезарун рукIанин «Сувениры» абураб тукада жанир 14 октябрь щвезегIанин.

13-14 октябралда Нальчикалда загьирлъараб хIужаялда хурхун такъсирияб иш рагьана 59 чиясда хурхун. Гьезде гIайиб гIунтIизабуна такъсирияб гIуцIи гьабиялъул, гIадамал гъоркьлъалие росиялъул, ярагъгун дандечIей гьабиялъул, теракт гьабиялъул, чIвадариялъул ва низам цIунулел гIуцIабазул хIалтухъаби гIумруялдаса ратIа гьаризе хIаракат бахъи. Гьезул гIемерисез гIунтIизарурал гIайибал нахъ чIвана.

XS
SM
MD
LG