Минскалда шамат къоялда тIобитIана «Эркенал ва ритIухъал рищиязухъ» абураб ахIиялда гъоркь талъиялъ санкция кьечIеб оппозициялъул акция. Митингалъул гIахьалчагIаз рищарухъаби ахIана II октябралда тIоритIулел президентасул рищиязул бойкоталда гIахьаллъиялде.
Низам цIунулел идарабазул къуватаз акция тIобитIиялъе квал-квал гьабулеб букIинчIин, лъазабулеб буго Эркенлъи радиоялъул мухбираз.