Сириялда ругел Россиялъул аэропланаз «Исламияб пачалихъ» абураб экстремистияб гIуцIиялъул 55 объекталда кьаби щвезабун буго Россиялъул улка цIуниялъул министерлъиялъул официалияв вакил Игорь Конашенковасул лъазабиялда рекъон.
Гьесулго рагIабазда, мухIканал кьабиял щвезарун, тIагIинабун буго исламистазул нухмалъи гьабиялъул пунктги.
«Радиоялдаса кквезе щваралде балагьун, экстремистазе гIолеб гьечIо ярагъ, гулла-хер ва цIатари. Яргъид гIуцIаразул цо бутIаялъул яхI хун буго ва гIамал гьабулеб буго хехаб къагIидаялда гьел бакIал тезе» - ян жубана Конашенковас.