Бищун дагь босун 86 чи хун вуго ва 186 чи лъукъун вуго шамат къоялда Анкараялда маххул нухалъул вокзалалда аскIоб гьабураб кIиго кьвагьиялъул хIасилалда. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна Туркиялъул сахлъи цIуниялъул министр Мехмет Мюэззиноглуца. Туркиялъул нухмалъиялъ рикIкIунеб буго гьел кьвагьиял хвалде унез гьарунин.
Кьвагьи ккараб бакIалда шамат къоялда тIобитIизе кколеб букIун буго хIинкъигьечIолъиялъул къуватаздаги курдазул яргъид гIуцIараздаги гьоркьоб улкаялъул жанубиябгун машрикъалъул рахъалда унел тунка-гIусиял чIезари тIалабгун квагIал партияз гIуцIараб марш. Гьеб тадбир нахъе бахъун буго.
Шамат къоялъго улкаялда гьукъараб Курдистаналъул захIматалъул партиялъ лъазабуна I ноябралда тIоритIизе ракIалда ругел иргадулал гурел парламенталъул рищиязда цебе рагъулаб хIаракатчилъи чIезабиялъул хIакъалъулъ.
25 июлалда Туркиялъул авиациялъ кьабиял щвезаруна ГIиракъалъул шималияб рахъалда ругел Курдазул гIуцIиялъул базабазда. Гьелда хадуб Курдистаналъул захIматалъул партиялъ лъазабуна кIиго соналъ цебе гьабун букIараб ракълилаб къотIи-къай хвезабулеб букIиналъул хIакъалъулъ.