Сириялъул президент Башар Асадица лъазабуна Сириялъги, Россиялъги, ГIиракалъги Ираналъги цолъун, терроризмалда тIад бергьенлъи босизе бугин ахир къад. Гурони – тIолго регион щущазе рес бугин.
Ираналъул телевидениялъе интервью кьолаго, Башар Асадица какана Цолъарал Штатаз ва халкъаздагьоркьосеб коалициялъ гьарулел авиациониял кьабиял. Гьелдалъун гьениб зулму тIибитIулеб бугин, абуна гьес.