Ссылки для упрощенного доступа

Дональд Тускица мигрантазул проблема рагIалде бахъинабиялъе нух балагьиялде ахIулел руго пачалихъал


Евроцолъиялъул бетIер Дональд Тускица 28-абго улка ахIана мигрантазда хурхараб кризисалъе ахир лъеялъул мурадалда цолъун цо пикруялде рачIине.

Гьединаб ахIигун гьес хитIабал ритIана Евроцолъиялъул жиб-жиб улкаялъул тIалъиязухъе ва арбагI къоялда улкабазул лидерал ракIарана экстреннияб данделъиялде.

Цебесеб къоялда Евроцолъиялъул лидераз гьоркьоб лъолеб букIана I20 азарго иммигрантасда хурхун гьаризе кколел галабазул суал.

Чехиялъ Венгриялъ, Румыниялъ, Словакиялъ инкар гьабуна квотабазул къагIидаялдаса. Квотабазда хурхун жиндирго пикру загьир гьабичIого тана Финляндиялъ.

АрбагI къоялъул маркIачIуда тIобитIулеб саммиталда гьеб проблема гьоркьоб лъей халат бахъана.

XS
SM
MD
LG