Ссылки для упрощенного доступа

Берлиналъ Москва какулеб буго ЛНР ва ДНР гIуцIияз лъазарурал рищиял сабаблъун


Германиялъ Москва какулеб буго, Донбассалда рищиял тIоритIизе сепаратистазул планазде жидерго хурхен гьечIолъиялъул хIакъалъулъ лъазабичIого ва гьезие жиндирго негативияб къимат кьечIого чIеялда бан.

«Москва кIалги къан чIеялъ ракI хвезабулеб бугин» абуна, гьединаб лъазаби гьабулаго, Германиялъул канцлералъул официалияй вакиль Штеффен Зайбертица.

Германиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъги Россиялъ рахъ кколел сепаратистаз тIоритIизе ракIалде ругел рищияз ургъел ккезабулеб букIиналъул хIакъалъулъ пикру загьир гьабулаго, лъазабуна, гьеб гьаркьал кьей букIине бугин Минскалъул ракълилал къотIикъаял хвезариялъул кIудияб актин».

Германиялъул къватIисел ишазул идараялъул хьулал руго Россиялъ жиндирго асаралъул ресал хIалтIизарун, сеператистал жидерго планаздаса инкар гьариялде рачине рукIиналъул.

Жинцаго жибго лъазабураб «Луганскалъул халкъияб республикаялъул» бетIер Игорь Плотницкияс гъулбасун буго 14 шагьаралъулгун мухъалъул бутIрул рищиялъул гьаркьал кьей 1 ноябралда тIобитIиялда хурхураб буюри.

«Донецкалъул халкъияб республика» абураб гIуцIиялъ гьединалго рищиял тIоритIизе ракIалда руго 18 октябралда.

Жидецаго жалго лъазарурал республикабаз гьел планал загьир гьарулеб мехалда Киевалде гIайибал гIунтIизаруна Минскалъул къотIи-къаял хвезариялда хурхарал.

XS
SM
MD
LG