14 сентябралда тIалибаз гьужум гьабуна Афгъанистаналъул Гъазни вилаяталда бугеб туснахърукъалде. ЧIван руго гьеб туснахъалъе хъаравуллъи гьабулел полициялъулал ва эркен гьавун вуго жанив тIамурав нус-нус чи.
Гъазни вилаяталъул губернаторас лъазабуна жаниб бахчун тараб бомбагун автомобиль цин минаялде къазабун букIанин, цингиги къеркьохъаназ жанире кIанцIун ункънусгогIан чи эркен гьавунин. Полициялъулазда кIвана 80-гIан чи цIидахъан кквезе.
Тунка-гIуссиялъул хIасилалда анкьго тIалиб ва ункъго полициялъулав чIван вуго.