Ссылки для упрощенного доступа

Мигрантал къабул гьаризе ресал хутIун гьечIо


Германиялъул полициялъ лъазабуна гьатIан къоялда, Австриялъул территориялдасахун рачIунел жидерго бакIаздаса лъутизе карал гIадамал къабул гьариялъе ресал хутIун гьечIин.

ГьатIан къоялъ радал Бавариялъул тахшагьаралъул вокзалалде щвана 700-ялдасаги цIикIкIун мигрант, шамат къоялда – 12 200.

Къойида жаниб лъабго хасаб поездалда рекIинарун гьел киналго щвезарулел руго улкаялъул батIи-батIиял мухъазде.

Цебесеб къоялде Сербиялъул гIорхъи бахун Венгриялде щвана ункъазаргоялдасаги цIикIкIун мигрант. Будапешталъ Сербиялъулгун гIорхъода иммигрантаздаса цIуниялъул мурадалда балеб буго ункъго метраялъул борхалъиялъул къед.

15 сентябралдаса байбихьун улкаялда хIалтIизе байбихьулеб буго хъачIлъизабураб миграциялда хурхараб къанун. Гьелъелда рекъон, гIорхъи бахарал гIадамал аресталде гъоркье росизе кколел руго.

2015 соналъул байбихьудаса Евроцолъиялъул территориялде ГIагараб Машрикъалдасаги Шималияб Африкаялдасаги вачIун вуго 400 азаргоялдасаги цIикIкIун мигрант.

XS
SM
MD
LG