Ссылки для упрощенного доступа

СШАялъул Сенаталъ рахъ ккун буго Ираналъул ядерияб программаялда хурхун президентасул позициялъул


Цолъарал Штатазул сенатораз рахъ ккуна Ираналъул ядерияб программаялда сверун къот1и-къаялъул. Гьелда рекъон, Иран разилъулеб буго щуго сонида жаниб уран бечелъизабиялдаса инкар гьабизе.

Гьединаб къаг1идаялда Америкаялъул президент Барак Обамае рес щолеб буго Ираналъул ядерияб программаялда хурхараб къот1и-къай нахъ ч1ваялъул х1укмуялъе вето лъезе. СШАаялъул Конгрессалъ гьеб къот1-къаялда хурхараб х1укму гьабизе ккола 17 сентябралда.

Ираналъулгун къот1и-къай къабул гьабун бук1ана 14 июлалда Россия, Цолъарал Штатал, Китай, Британия, Франция, Германия г1ахьаллъарал к1алъа-басаязда хадуб.

XS
SM
MD
LG