Ссылки для упрощенного доступа

Молдоваялда протестал


Молдоваялъул тахшагьар Кишиневалда анцI-анцI азарго чияс протесталъул акция гIуцIун, тIалаб гьабулеб буго улкаялъул президент хъулухъалдаса эркен гьави ва иргадулал гурел парламентиял рищиял тIоритIи. Протесталъул акция гIуцIана «Къадру ва ритIухълъи» абулеб гражданияб багъа-бачариялъ. Гьелъул бутIруз гьединго тIалаб гьабулеб буго лъабго коммерциялъулаб банкалдаса тIадтаразул сихI къотIараб разилъиялдалъун бикъараб цо миллиард евро нахъе кьей. Гьеб хIужаялда Молдоваялда «ГIасрудул талавурлъиилан» абула гIадамаз.

XS
SM
MD
LG