Америкалъул Цолъарал Штатаз ва Украинаялъ цадахъаб рагъулабгун ралъдал яравуллъи гьебулеб буго ЧIегIераб ралъдалъ. Пентагоналъул вакилзабазул пикруялда гьеб иргадулаб, анцIила ункъабилеб яравуллъиялъ регионалияб хIинкъи гьечIолъи щулалъизабила.
Регионалда ахIвал-хIал хIалуцана Россиялъ Крымалъул аннексия гьабун хадусала ва гьениб гражданияб рагъ багъарун букIиналъ.