МАГАТЭялъ жиндирго гIахьалал рахъаздаса гьарулеб буго тIадеги ичIго миллион евро Ираналъулгун ядерияб программаялда хурхараб къотIи-къай гIумруялде бахъинабиялъул мурадалда.
Гьеб гIуцIиялъул бетIер Юкия Аманоца лъазабуна, Ираналъул ядерияб программаялъул объектазул мониторинг гьабиялъе хас гьабун гIуцIараб бюджеталда хурхен гьечIеб фондалъул гIарац гIолеб букIанин, амма сентябралда гьеб тIагIунеб бугин.
Аманода ракIалда буго МАГАТЭялде гъорлъе унел улкабаз кьолеб гIарцил бутIабазул къадар20I7 соналдаса байбихьун цIикIкIинабиялъул суал борхизе. Гьанже гьеб идараялъул бюджеталъул къадар кколеб буго 350 миллион евро.
14 июлалда Ираналъ ва асар кIудияб анлъго улкаялъ къотIи-къай гьабуна, халкъаздагьоркьосел экономикиял санкцияби тамахлъизариялъухъ Тегераналъ жиндирго ядерияб программа гIумруялде бахъинаби чIезабиялда хурхараб.