Ссылки для упрощенного доступа

Путин: Крымалъул татараз хасаб статус гьаризе кколаро


Россиялъул президент Владимир Путиница Крым бащдаб-чIинкIияллъиял гIумру гьабулел этникиял татаразда лъазабуна жидее хасаб статус тIалаб гьабизе къасд лъогейин.

Крымалъул халкъалъул 10 процент буго бусурбаби-татаразул ва Россиялде гъорлъе бащдаб-чIинкIиллъи лъугьиналде дандечIараб аслияб бутIаги гьезул букIана. Гьезда кIочон гьечIо Дунялалъул КIиабилеб рагъул заманаялда Сталиница жидее гьабун букIараб депортация.

Крымалда туризм цIебетIезабиялъул мурадалда гьенибе бухьараб лъабго къоялъул сапаралъул гIурхъабалъ Путин дандчIван вукIана батIи-батIиял гьитIинал халкъазул вакилзабигун Оползневое абулеб курорталда.

Гьениб гьес абуна цояздаса цогиял батIа гьарун цо халкъалъе цIикIкIун ихтиярал кьеялъул хIинкъи бугин. Гьес рикIкIунеб буго къватIисел улкабаз инсанасул ихтиярал цIунулел гIарцудалъун хьезарулел ругин «ахIвал-хIал гьез хIалуцинабизелъун» ва крымалъул татаразул проблемаби жидерго мурадазе хIалтIизаризейин. Гьес лъазабуна, Москваялъ гьединал ишал ричIчIазе гьечIин.

XS
SM
MD
LG