Ссылки для упрощенного доступа

Кишмиралда кьвагьа-гIанхъи


Кашмиралда бахъараб кьвагьа-гIанхъиялъул хIасилалда анлъго чи чIван, 17-гояв лъукъана. Гьиндустаналъул улка цIуниялъул министерлъиялъул вакиласул рагIабазда рекъон гьатIан къоялъ Пакистаналъул рахъалъан гIарада бан букIанин, ва гьелъул хIасилалда анлъго ракълилав инсан чIван вугин.

Гьиндустаналъги Паскистаналъги Кашмир жидерабго бакIлъун рикIкIунеб буго. 2003 соналда гьеб кIиябго улкаялъ ракълилаб къотIи гьабун бугониги, кьвагьа-гIанхъиял мех-мехалъ рагIулеб бугин гьенир ахирисеб мехалда.

XS
SM
MD
LG