Кремлалъ нахъчIвалеб буго Украиналъул рахъалдасайин абун щвараб информация. Гьелда абулеб буго Россиялдаса кIиго журналист чIваялъулъ гIахьаллъи букIиналъул гIайиб гIунтIизабулей йоржарухъан Надежда Савченко Крымалде транспорталъул коридор рагьаралъухъ хисизе йигилан. Гьеб информация «гьадингосел харбал» ругин абуна Россиялъул президентасул пресс-хъулухъчи Дмитрий Песковас.
Украиналъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул хъулухъалъул бетIерасул гIакълучи Юрий Тандитица арбагI къоялда «Громадское ТВ-ялъул» эфиралда лъазабуна Доналда бугеб Ростовалдасан Крымалде нух лъезе рес кьуралъухъ жидеца Савченко нахъе кьелин абураб баян бачIун букIанин «мадугьалихъ бугеб улкаялъул» официалиял вакилзабазул ва Россиялъул президентасул гIагардисеб сверухълъиялъул рахъалдасайин.
Надежда Савченко гьабсагIат йиго Новочеркасск шагьаралъул №3 СИЗОялда. Гьелъул адвокатаз гьарулеб буго гьелъул ишалъул халгьаби Москваялде бахъейин.
Савченкода гIунтIизабулеб буго араб соналъул риидал Луганскалда гъоркьехун гьелъ Украиналъул армиялъе гьезул ишанал ругел бакIазул баянал кьун кумек гьабулеб букIанин ва гьеб кьвагьиялъул хIасилалда Россиялдаса кIиго журналист чIванин абун гIайибал. Жийго Савченкоца гьел киналго гIайибал нахъчIвалел руго ва абулеб буго гьеб заманалде жий сепаратистаз асир гьаюн йикIанин ва хадуб Россиялъухъе кьунин.