Туркиялъул хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул кIиго хъулухъчи чIван ва 24-гояв лъукъун вуго Курдазул ХIалтIул партиялъул рагъухъанас гьабураб суицидалияб гьужумалъул хIасилалда.
ХIужа ккана Агры абулеб вилаяталда. Террористас жаниб бахчун тараб кьвагьулеб алатгун трактор къазабуна балагьутIа-бакIалде.
26 июлалдаса байбихьун Туркиялъ нус-нус гьавадул гьужум гьабун буго ГIиракъалъулгун Туркиялъул гIурхъида аскIоб курдазул рагъухъабаз чIей гьабулел бакIазде.