Россиялъ вето лъуна Малайзиялъул Боинг кьвагьизабиялда бан халкъаздагьоркьосеб трибунал гIуцIиялда хурхараб Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул ХIинкъи гьечIолъи цIуниялъул Шураялда цебе лъураб резолюциялъул проекталда.
Россиялъул президент Владимир Путиница гьелда цебе Нидерландазул премьер-министр Марк Рюттегун телефонияб гара-чIвари гьабулаго абуна, гьаб бугин цудунго гьабураб жигар, гьелъ цIех-рехалъе политикияб асар гьабизе бегьулебин.
Нидерландабаз ва Австралиялъ какана Россиялъ гьабураб вето. Марк Рюттеца абуна, Россиялда кIвечIин халкъаздагьоркьосеб стандартазде данде кколеб хIукму гьабизе. Жиндир иргаялда Австралиялъул премьер-министр Тони Эбботтица абуна, гьадинаб хIукму гьабун, Россиялъ сан гьабичIого тана чIварал пассажиразул гIага-божаразул ихтиярал.
Малайзиялъул Боинг кьвагьизабиялъул цIех-рехалъе нухмалъи гьабулеб Нидерландабазул комиссиялъул хIасилаб доклад загьирабизехъин буго исана октябрь моцIалда. Комиссиялъул пикруялда Малайзиялъул Боинг кьвагьизабунин Россиялъул рахъ ккурал сепаратистаз ва жибго Россиялъулги гьелда хурхен бугин.