Рекъелалъул режим байбихьизе чанго сагIат хутIараб мехалда СагIудиязул ГIарабиялъул нухмалъиялда гъоркь халкъаздагьоркьосеб коалициялъ Йеменалда къуватал авиакьабиял щвезаруна шиитал-хуситазул позициязда. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго информагентлъияз, бакIалъулал гIадамаздаги базабун.
Коалициялъул вакильзабаз лъазабуна, жидеца тIубазабизе бугин гьатIан къоялъул богода байбихьулеб щугокъоялъулаб рекъелалъул тIалабин. Гьелъ рес кьезе бугин гражданиял гIадамазе гуманитарияб кумек щвезабизе.
Заманалъулаб рекъелалъул режим лъазабуна 24 июлалда централияб Таиз провинциялда бомбаби раялъул хIасилалда 80 чи, гьездаго гъорлъ гIадатиял гIадамал, хун хадуб.
25 миилион чи вугеб улкаялъул халкъалъул 80 проценталъул къварагIел буго гуманитарияб кумекалъул доб яги гьаб тайпаялъул.
Ираналъ квербакъи гьабулел хуситазде данде гьаваялъулал рейдал гьаризе байбихьана гьаб соналъул марталда ва гьелъ шиитазул гьужумалъе гIоло улкаялдаса лъутизе ккарав Йеменалъул президент ГIабд-Рабби Мансур Хадие рес кьезе кколеб букIана жиндирго тахиде нахъе вуссине.