Франциялъул, Германиялъул, Россиялъул ва Украиналъул лидераз хIукму гьабун буго Донбассалда къуватаб ярагъ ва техника нахъе цIай хехлъизабизе. Хадусеб анкьалда гьез гьоркьоб лъезе буго нухмалъиялъул децентрализациялда хурхарал бакIалъулал рищиял тIоритIиялъул суал. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна Франциялъул президент Франсуа Олландица телефоналдасахун кIиго сагIаталъ тIоритIарал консультациязда хадуб.
Децентрализациялда ва бакIалъулал рищиязда хурхарал телефоналдасахун кIалъа-басаял халат рахъине руго 28 июлалда.
Минскалда февралалда къабул гьабураб хIукмуялда рекъон, конфликталъул рахъаз нахъе бачине кколеб букIана 100 миллиметралдаса цIикIкIун калибралъул ярагъ. Амма кIиябго рахъалъ цоцаде гIайиб гIунтIизабулеб буго Минскалъул къотIи-къаял хвезарун, артиллерия хIалтIизабиялъул.