Ссылки для упрощенного доступа

«Исламияб пачалихъалъ» загьруяб газ хIалтIизабулеб буго


"Пешмергаялъул" рагъухъан
"Пешмергаялъул" рагъухъан

Цебе гьебго вилаяталда «Исламияб пачалихъилан» абулеб радикалияб багъа-бачариялъ цо чанго гьадинабго кьвагьи гьабун букIана.

«Исламияб пачалихъалъул» рагъухъабаз Сириялда курдазул къукъабазул контролялда гъоркь бугеб мухъалда загьруяб газ хIалтIизабунин июнь моцIалъул ахиралда, ян лъазабуна 18 июлялда ахIвал-хIалалъухъ хал-щал гьабулеб курдазул къукъаялъ.

Гьеб хIужа дурус гьабуна КIудияб Британиялъул цIех-рехчагIазги. Гьезул баяназда рекъон «Исламияб пачалихъалъ» «Пешмерга» абулеб курдазул яргъид гIуцIараб къукъаялъул рагъухъабазде данде химикияб ярагъ хIалтIизабулеб буго. Сириялда гуребги – ГIиракъалдаги.

XS
SM
MD
LG