ГIиракъалъул Дияла вилаяталда бугеб Хан-Бани-Саад шагьаралда бахъараб кутакаб кьвагьиялъул хIасилалда ахирисеб лъазабиялда рекъон 100-гIан чи чIван вуго. АнцI-анцIгояв лъукъана. Щалали лъаларез базаралда аскIоб жаниб бахчун тараб бомбагун автомобиль тун, хадуб кьвагьулеб алат хIалтIизабуна.
Гьенив аза-азар чияс кIалбиччараб къо кIодо гьабулеб букIана. Кьвагьиялъул хIасилалда цо чанго мина биххана. Жеги лъицаниги тIад жавабчилъи босичIо.
Цебе гьебго вилаяталда «Исламияб пачалихъилан» абулеб радикалияб багъа-бачариялъ цо чанго гьадинабго кьвагьи гьабун букIана.