Ираналъул тIадегIанав рухIияв цевехъан аятоллагь ГIали Хаменеица 18 июлялда телевизионияб хитIаб гьабулаго, абуна гьалкъояз Ираналъул атомияб программаялда хурхун КIудияб Британиялъулгун, Китаялъулгун, Франциялъулгун, Германилъулгун, Россиялъулгун ва Цолъарал Штатазулгун гьабураб къотIи-къаялъул гъваридаб цIех-рех гьабизехъин бугин жинца миллиял интересал цIуни мурадалда.
Жиндир иргаялда Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаца 18 июлялда жиндирго анкьил калам гьабулаго, гьадин абуна:
Барак Обама: «Гьеб къотIи-къаялъ Ираналъул атомияб ярагъ гIагардисеб заманалда гьабиялъул рес къотIулеб буго. Документалда гъорлъ гьединго жубан буго атомияб ярагъ букIине Тегераналъе даимаб гьукъи.
Нагагьлъун Ираналъ гьеб къотIи-къай хвезабуни, Ираналъул экономикаялъе зарал гьабурал нижер санкциял нижеца хъващтIан нахъеги хIалтIизаризе руго».