2014 соналъул 17 июлялда Донецк икълималда бортараб Малайзиялъул авиакомпаниялъул «Боингалде» Россиялъул рахъ ккурал сепаратистазул контролалда гъоркь бугеб территориялдаса ракета биччан буго, ян лъазабуна Роржиназул хIинкъи гьечIолъи цIунулеб Нидерландабазул Шураялъ хIадур гьабураб докладалда. Гьеб доклад бугин мухIканаб цIех-рехалъул хIасил.
Малайзиялъул тIадтараз арбагI къоялъ Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул ХIинкъи ГьечIолъиялъул Шураялда цебе лъуна хасаб трибунал гIуцIиялда хурхараб резолюциялъул проект.
Россиялъул тIадтараз абулеб буго жиндир кинабгIаги хурхен гьечIин гьабураб гьужумалда. Гьелъул хIасилалда 298 пассажир чIван вуго. Аслияб къагIидаялда гьел ккола Нидерландабазул гражданал.