Республиканияб партиялъул рахъалъан Америкалъул Цолъарал Штатазул Конгрессалъул вакилзабаз ва цо-цо демократаз какула 14 июлялда Венаялда анлъго улкаялъ Ираналъулгун гьабураб къотIи-къай.
Тегераналъул атомияб программаялда хурхараб гьеб къотIиялда Вакилзабазул кIалгIаялъул спикер, республиканияв Джон Бейнерица абуна, гьеб данде кколареб иш бугин. Ва тIаде жубана, жидеца кIванагIан кIудияб хIаракат бахъизехъин бугин гьеб къотIи нахъе бахъизе.
БатIияб пикру буго Цолъарал Штатазул президентлъиялде кандидатлъун кколей Хиллари Клинтонил. Гьелъ абуна гьеб бугин кIвар цIикIкIараб гали, Ираналъул атомияб программаялъул цебетIей гьоркьоса къотIизе рес кьолеб.
Конгрессалъул ихтияр буго 60 къоялда жаниб рехсараб суал дандбазе. Нагагьлъун гьабураб къотIи-къай конгрессменаз нахъ чIвани, президент Барак Обамал хиял буго гъозул хIукмуялда вето лъезе.