Ссылки для упрощенного доступа

Эмиратазул диваналъ чIужу-гIадан чIвазе хIукму гьабуна


Цолъарал ГIараб Эмиратазул диваналъ хIукму гьабун буго 31 сон барай Алаа Бадр ГIабдулла аль-Хашеми чIвазе гьелъ 2014 соналъул декабрь моцIалда лъималазул ахалъул мугIалим, американияй Ибола Райан чIван йикIиналъухъ. Диваналъ бихьизабураб тамихI тIубазабун буго.

Хашемиде гьединго чIван букIана Эмиратазда гIумру гьабулев америкаялъул гражданинлъул кколев тохтурасул рукъ кьвагьизе къасд гьабиялъул гIайиб.

Полициялъул баяналда рекъон Хашемие асар гьабунин Интернеталда загьирарурал батIи-батIиял экстремистикиял макъалабаз. «Исламияб пачалихъ» абулеб радикалияб багъа-бачариялъ бусурбан улкабазда гIумру гьабулел гIадамазде ахIи балеб буго гьенир ругел Магърибалъул гIадамал чIваялде.

XS
SM
MD
LG