19 улкаялъул бутIрул 13 июлялда Брюсселалда гьоркьоб лъун буго Грециялда баккараб налъудул кризисалъул суал. Европаялъул Шураялъул президент Дональд Тускил пресс-секретарь Пребен Амманица лъазабуна 12 июлялда халатал кIалъа-басаяздаса нахъе гьабун бугин компромиссалъул хIукму.
Афинабазе финансияб кумек хIажатаб бугин дефолт нахъ чIвазелъун. Гьединго Грециялъул банказе къваригIун бугин Европаялъул Централияб банкалъул квербакъи. Данделъи халат бахъунеб буго.