Евроцолъиялъ хIукму гьабуна Ираналде данде гьарулел санкцияби I3 июлалде щвезегIан халат рахъинаризе. Гьединаб хIукму гьабунин Ираналъул ядерияб программаялда сверун кIалъа-басаял тIоритIулезул тIадеги заман букIиналъул мурадалдайин, абулеб буго Евроцолъиялъул лъазабиялда.
Ираналда ва асар кIудияб анлъго улкаялда бажурун гьечIо цIан букIараб заманалде кIалъа-басаял рагIалде рахъинаризе. Гьеб болжал рагIалде бахъун буго гьаб анкьалъул талат къоялда.
Цебе Евроцолъиялъул къватIисел ишазул ва политикаялъул рахъалдаса вакил Федерика Могериница лъазабун букIана Ираналъулгун кIалъа-басаязда цIараб заманалде икъбал щвечIого букIи не бегьулин.
Ираналъул къватIисел ишазул министр МохIамад Джавад Зарифица лъазабуна, Ираналъулгун кIалъа-басаял халат рахъине бегьулин гIодоркъоязин.