Ссылки для упрощенного доступа

Россиялъ ахIулел руго Ираналдаса халкъаздагьоркьосеб эмбарго нахъе бахъиялде


Россиялъ рахъ кколеб буго кIварабгIан хехго Ираналдаса халкъаздагьоркьосеб эмбарго нахъе бахъиялъул. Уфаялда тIобитIулеб БРИКСалъул саммиталда Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас лъазабуна, гьелъ Ираналъул ресал гIатIилъизаризе ругин терроризмалде, хасго «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялде дандечIеялъул рахъалдасайин.

Гьелда цебе Лавровасул кумекчи Сергей Рябковас лъазабун букIана, Ираналъул ядерияб программаялда сверун унел кIалъа-басаял щванин бищунго захIматаб фазаялдейин.

Магърибалъул информалатаз лъазабулеб буго, кIалъа-басаял захIмалъизарун ругин ярагъ бичи-босиялда хурхарал халкъаздагьоркьосел санкцияби Тегераналдаса рахъиялда хурхараб суалалъин.

Халкъаздагьоркьосеб жамгIияталъул щаклъи буго Ираналъ балъго ядерияб ярагъ гьабулеб букIиналда. Тегераналъ гьединал гIайибал нахъ чIвалел руго, жидер ядерияб программаялъул гIицIго гражданияб хасият бугинги абун.

XS
SM
MD
LG