Европарламенталда цеве вахъунаго, Грециялъул премьер-министр Алексис Ципрасица лъазабуна, 9 июлалда кредиторазухъе жидеца кьезе бугин экономикиял реформабазул мухIкнаб планин. Гьел тIоритIизе ракIалда буго Афиназда лъабго соналъул финасазул кумекалъул пакеталъухъ.
Ципрасил рагIабазда, тIоцебесеб гали хIисабалда Грециялъ хадусеб анкьалдаго байбихьизе буго пенсизулгун магъалабазул реформаби.
Европаялъул стабилизациялъул механизмаз тасдикъ гьабуна Грециялъ кумекалда хурхараб официалияб гьари загьир гьабун букIин.