Ереваналда полициялъ эркен гьавун вуго Баграмянил проспекталда протест тIобитIулеб мехалда ккун вукIарав 46 чи.
Армениялъул Жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-секретарь Ашот Агаронянил рагIабазда, административиял ишазул протоколал ккуразда бан хъвачIого тун руго.
Итни къоялъ радал Ереваналъул полициялъ риххизаруна электроэнергиялъухъ багьа цIикIкIинабиялде данде протесталъул акциялъул гIахьалчагIаз гIуцIун рукIарал баррикадаби.
Демонстрантазда ракIалда рагIула Эркенлъиялъул майданалда протест халат бахъинабизе.