Пакистаналъул авиациялъ кьаби щвезабун буго Афгъанистаналъул гIорхъабазда аскIор Хайбер ва Шималияб Вазиристан мухъазда ругел радикалиял исламистазул позициязда.
Гьелъул хIасилалда хун вуго 23 чи, гьездаго гъорлъ рагIула къватIисел пачалихъазул гражданалги.
Рагъулазул бутIрузул лъазабиязда рекъон, гьенибго тIагIинабун буго яргъил кIудиял нахърателал цIунараб базаги.