2015 соналъул байбихьудаса дунялалъул гIемерисел регионазда вулканазул хIаракалъи цIикIкIун буго. Вулканал хIалтIизе байбихьи жакъа къанагIатаб жо гуро.
Вулканал "рорчIунел" руго

1
Индонезия. Суматра. ЧIинкIиллъиялда бугеб Синабунг абураб вулканалъ рохъо базе байбихьана 13 июналда.

2
Индонезия. Суматра чIинкIиллъи. Синабунго "борчIаралдаса" жидерго рукъзал тезе ккана 15 000 чияс.

3
Индонезия. Суматра. Синабунг вулкан.

4
Франция. Реюньен чIинкIиллъи. Питон-де-ла-Фурнез вулкан. Гьеб "гьалдезе" байбихьун буго 2015 соналъул маялда.

5
Эквадор. Галапагоссазул чIинкIиллъаби. Вулкан Вольф. Гьеб "хIалтIизе" байбихьун буго исана маялъул ахиралда.

6
Чили. Вулкан Кальбуко. Гьеб "борчIун буго апрелалъул ахиралда. Вулканалда сверухъ 20 километралъул манзилалда гIумру гьабулел гIадамазул эвакуация гьабуна.

7
Чили. Вулкан Кальбуко.

8
Чили. Вулкан Кальбуко. Вулкан багъарарабго, Чилиялъул вехьаз хIинкъи гьечIеб бакIалде щвезабуна боцIиги.

9
Чили. Кальбуко вулканалъул рохъо щвана мадугьалихъ бугеб Аргентинаялъул ракьалдеги.

10
Чили. Вильяррика вулкан ахирисеб нухалда багъарана маялда. Гьелда цебе гьелъ жиндирго "хасият" бихьизабуна марталда.

11
Коста Рика. 130 соналъ "кьижун" букIараб Турриальба вулкан борчIана 2014 соналъул декабралда. Гьелъ жиндирго рохъо рехана кIиго километралъул борхалъуде.