Пачалихъияб Думаялъ тIоцебесеб цIалиялда къабул гьабуна заман щвелелдего парламенталъул рищиял тIоритIиялъул къануналъул проект. Критиказул пикруялда, гьеб галиялъул мурад хурхараб буго оппозиция талхизаби.
Проекталъухъ гьаракь кьун буго 339 депутатас. Данде вукIун вуго – 101. Жинидрго пикру загьир гьабичIого чIун вуго цо депутат.
Къануналъул проекталъ бихьизабухъе, парламенталъул рищиял тIоритIизе руго 20I6 соналъул декабралда гурел, сентябралда. ГIадамал гьеб заманалда хIалхьиялда рукIунеблъи ракIалде босун, жамгIияталъул кIудияб интерес букIине гьечIин рищиязул кампаниялдейин, рикIкIунеб буго экспертаз.
18 июналда финансазул министрлъун вукIарав Алексей Кудриница ахIулел рукIана заман щвелелдего президентасул рищиял тIоритIиялдеги. Амма идеялъул рахъ кколеб гьечIо.