Ссылки для упрощенного доступа

Чанго къватIисел гIуцабазул «данде кколарел гIуцIабазул» стутус чIезабизе бажарун гьечIо


Генералияб прокуратураялда бажарун гьечIо Фонд Карнеги, Transparency International, Human Rights Watch, Amnesty International ва «Халкъаздагьоркьосеб мемориал» абураб гIуцаби «данде кколарел гIуцIаби» рукIин чIезабизе.

Гьединал ишараби рукIин чIезариялъе рес рагIуларо, гьел хIукуматалъул гурел къватIисел улкабазул гIуцIаби Россиялъул юрисдикциялда гъоркь гьечIолъиялъ. Гьелъул хIакъалъулъ Генпрокуратураялъ лъазабун буго Пачалихъияб Думаялъул ЛДПРалдаса дупутат Виталий Золочевскиясул гIаразаялъе жаваб кьолаго.

«Данде кколарел гIуцIабазул» хIакъалъулъ къанун гъулбасун букIана президент Владимир Путиница 23 маялда.

Гьеб документалда рекъон, данде кколареблъун рикIкIине бегьула Россиялъул конституциялъулаб гIуцIиялъе ва хIинкъигьечIолъиялъе зарал ккезабулеб къватIисеб улкаялъул яги халкъаздагьоркьосеб хIукуматалъул гуреб гIуцIи.

XS
SM
MD
LG