Украиналда хурхун Россиялъ билъанхъизабулеб политика ракIалдеги босун, жиндирго партнеразул хIинкъигьечIолъи щула гьабиялъул мурадалда, Цолъарал Штатазда ракIалда буго Машрикъалъул Европаялде къуватаб рагъулаб техника щвезабизе.
Гьелъул хIакъалъулъ Цолъарал Штатазул ва Европаялда ругел гьелъул партнеразул хъулухъчагIазда базабун, лъазабулеб буго New York Times газетаялъ. Рахъазаул вакилзабазул рагIабазда, Балтиялъул ва Машрикъалъул Европаялъул цогидал улкабазде гьединго щвезавизе бегьула щуазарго гIанав рагъулавги.
New York Times газетаялъ хъвалеб буго, Вашингтоналъги НАТОялъги, Россиялъул рахъалдаса букIине бегьулеб агрессиялъе квал-квал гьабиялъе гьарулел галабазда гъорлъ гьединаб план кколин бищунго кIвар кIудиябин.
Россиялъ Крымалъул аннексия гьабиялда ва Украиналъул машрикъалъул рахъалда ругел сепаратистазул рахъ кквеялда хурхун ахирисеб соналда жаниб Москваялъулги Магърибалъулги гьоркьорлъаби, «Цорораб рагъалъул» заман рикIкIинчIого, квешлъана киданиги рукIинчIел хIалалда.
Кремлалъ нахъ чIвалеб буго Донбассалда бугеб конфликталде жиндир хурхен букIин.