27 маялда гIумруялдаса ятIалъана Дагъистаналъулги Россиялъулги халкъияй артистка Сидрат Мажидова. ГIумруялъул 13 сон гурони гьечIей лъимер ячIана гьей Авар театралде ва гьелда нахъе 65 гIанасеб соналъ магIарулазе гьелъ хIана нусидасаги цIикIкIун роль. Машгьурай артисткаялъул творчествоялдаса ва гIумруялдаса цо-цо суратал кьолел руго нижер сайталда.
Сидрат Мажидова, 1938–2015

1
Авар театралда рахьдал мацIалъул къо кIодо гьабулеб байрамалда бахъараб сурат.

2
Авар театралда рахьдал мацIалъул къо кIодо гьабулеб байрамалда рачIаралгун. Февраль 2015 сон.

3
ХIусен Казиева ва Сидрат Мажидова «Берцинал ясал хъамулел куц» спектаклялда, 1989 сон.

4
Сидрат Мажидовалъ ахирисеб нухалъ хIарал ролазул цояб «Булбулалъул кечI» спектаклялда санитаралъул роль.

5
Сидрат Мажидова, Зайнаб Набиева ва ХIалимат Асильдерова. «Хочбар» спектаклялда. 1960 сон.

6
"Булбулалъул кечI" спектаклялда.

8
ГIайшат Къурбанова, ГIайшат Мамаева ва Сидрат Мажидова. Р ХIамзатовасул «МагIарулай» спектаклялда. 1960 сон.

9
Сидрат Мажидова Авар театралда, рахьдал мацIалъул къо кIодо гьабулеб байрамалда. Февраль 2015 сон.

10
Сидрат Мажидова, МахIмуд ГIабдулхаликъов ва АхIмад Сайпудинов.