МахIачхъалаялъул экс-мэр Саид Амировасда тIад гьабулеб диваналда адвокатаз тIалаб гьабулеб диванчагIи хисизари. ЦIех-рех чи чIвай гIайиб Амировасда ва гьесул яцалъул вас Юсуп Жапаровасда гуребги жеги анлъго чиясда гIунтIизабулеб буго. Изну гьечIого яргъилаб къукъа гIуцIи, бандитизм, террор, ярагъ тIибитIизаби – гьел гIайибалги чIвалел руго гьезда.
Гьезул адвокатаз рикIкIухъе, гьел гIайибал гьадингосел жал руго. Гьеб процессалде гъорлъ ячIарай цIияй адвокат Дегтяревалъ гIарза цIалана диваналда. Гьелъ абухъе, цIех-рехалъул материал цIализе гьелъие дагьаб заман кьуна диванчагIаз ва цохIо гьеб хIужжаялдасацин бичIчIулеб буго диванчагIазул кинаб позиция бугебали. Гьелдалъун диванчагIи хисизаризе кколин абуна адвокаталъ. Амма гьелъул гьари къабул гьабичIо.