Готазул музыкаялъул ва маданияталъул фестиваль тIобитIана Германиялда. Wave and Goth (Wave-Gotik-Treffen) - абураб Лейпцигалда араб тадбиралда 20 азаралда хадув чи гIахьаллъана.
Лейпцигалда готазул фестиваль
1
Готазул багъа-бачари баккана 70-лел соназда Англиялда.
2
Готазул тIоцебесеб фестиваль тIобитIана 1987 соналда Потсадамалда. Гьезие хIукуматалъ изну кьечIо гьеб гьабизе, амма готазе изну къваригIичIо фестиваль гьабиялъе.
3
Готазул тIоцебесеб официалияб фестивал тIобитIана Лейпцигалда 1992 соналда, гьениб гIахьаллъана 1500 чи. Гьелдаса хадуб жиб-жиб соналда гьабулаан гьеб тадбир.
4
Готаз киданиги инкар гьабулароан цадахъ сурат бахъиялдаса.
5
2001-леб соналда готазул фестиваль Лейпцигалъул официалиял тадбиразул сияхIалде босана.
6
Фестиваль унеб мехалда Лейпциг готазул шагьаралде сверулаан. Цо-цоял гIажаиблъула готазухъ балагьун - гьезул сипаталъ асар гьавичIев чи толаро.
7
Тадбиралъул программаялда гъорлъ ругоан гьоркьосел гIасруялъул базарал, фильмал, музыкалиял хIаял ва гь.ц.
8
Гьединго тIоритIулаан спектаклял, циркалъул церерахъинал ва гь.ц.
9
Готазул фестиваль байбихьулан рузман къоялда ва талаталъул сордо рогьинегIан халатбахъуна.
10
ТIолго дуниялалдаса готал рачIунаан Лейпцигалда.
11
Официалиял гурел лъазабиязда рекъон, тадбиралда гIахьаллъула гIага-шагарго 30 азарго чи.
12
Готазул культура лъазе бокьарал чагIиги рачIуна фестивалалде.