Германиялъул канцлер Ангела Меркелица лъазабуна «КIудияб Микьилабалъул» цебесеб форматалде тIад руссине рес гьечIин, щай гурелъул, Россиялъ демократиялъул ва халкъаздагьоркьосеб низамалъул аслиял принципал хвезарулел ругелъул. Ригаялда байбихьизисеб «Машрикъалъул партнерлъи» абулеб саммиталде сапар бухьизегIан хамиз къоялъ Ангела Меркелица аслияб гIиллалъун рехсана Украиналда лъугьа-бахъараб иш.
«КIудияб Анкьилаб» гьеб бугин гIаммал къиматал цIунулеб жамгIият, эркенлъиялъе ва демократиялъе гIоло цогидал улкабазул территориялияб цолъи цIунулеб, ян лъазабуна Бундестагалда Германиялъул канцлералъ.
Россия «КIудияб Микьилабалдаса» нахъе гъун букIана 2014 соналда Крымалъул аннексия гьабун букIиналъухъ.