Цолъарал миллатазул гIуцIиялъ Йеменалъул конфликталъул рахъал ахIана кьвагьдей чIезабиялъул режим халат бахъинабиялде. Гьеб лъазабун букIана талат къоялъ маркIачIуда щуго къоялъе.
Гумантариялги рахIмуялъулги гIуцIабазул вакильзабаз гьеб режималдаса пайда босун гуманитарияб кумек щвезабуна гIадатиял гIадамазе.
Аммайин лъазабулеб буго Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул вакильзабаз гьеб рахъалда гьабизе кколеб хIалтIи кIудияб бугин ва конфликталъул фоналда гьеб гьабизе бажаруларин.
Лъазабиязда рекъон, рахъаз аслияб къагIидаялда кьвагьдун гутIиялъул режималъул тIалабал тIуразарулел руго, цо-цо бакIазда хутIизегIан.
ТIолабго дунялалъул сахлъи цIуниялъул гIуцIиялъул статистикаялда рекъон, Йеменалъул конфликталда гьанжеялдего хун вуго 1700-ялдасанги цIикIкIун чи.