Ссылки для упрощенного доступа

Журналист Елена Милашина нахъе ине ккана Чачан республикаялдаса


Чачан республикаялда 17 сон барай Хеда Гойлабиевалъулги 57 сон барав Ножаюрт мухъалъул полициялъул бетIер Нажид Гучиговасулги букIине бегьулеб ригьиналда сверун цIех-рехх гьабулей «Новая газетаялъул» журналист Елена Милашина хехаб къагIидаялда нахъе ине ккун йиго республикаялдаса. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб «Интерфакс» агентлъиялъул хIалтIухъан Ольга Бобровалъ.

Гьелъул рагIабазда, битIахъе къагIидаялда журналисталъе хIинкъиял кьун рукIиналъул далилал гьанжеги гьечIо. Гьединлъидалин, абулеб буго гьелъ, гьелъул газеталъул рес гьечIин официалияб къагIидаялда низам цIунулел идарабазде хитIаб гьабизеян.

Милашина чачналъе нахъе иналда цебе лъазабулеб букIана, гьей чIезаюн йикIанин къватIисан рачIарал полициялъулаз ва гьей ахIанин цIодорго йикIиналде, гьелде чачаназул полициялъулазул кIудияб интерес букIиналда банин.

XS
SM
MD
LG