Ссылки для упрощенного доступа

СШАялъ нахъ чIвалел руго инсанасул ихтиярал хвезариялда хурхун ООНалъул гIайибал


Цолъарал Штатазул нухмалъиялъ нахъ чIвана улкаялда инсанасул ихтиярал хвезариялда хурхун Цолъарал миллатазул гIуцIиялъ гIунтIизарурал гIайибал.

Гьелдаго цадахъ Женеваялда Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул Инсанасул ихтиярал цIуниялъул идараялъул данделъиялда Цолъарал Штатазул вакил мукIурлъана улкаялда низам цIунулез гIунги тIокIаб къуват халтIизабиялъул проблема букIиналъе.

Цолъарал Штатазул генералияв прокурорас рузман къоялда лъазабуна, Юстициялъул министерлъиялъ Балтиморалда низам хвезабиялъул акталда полициялъул хIалтIухъанасул хьвада-чIвадиялда хурхун цIех-рехх байбихьанин. Гьелъие багьаналъул ккун буго чIегIераб тIомалъул американияв Фредди Грейил хвел.

XS
SM
MD
LG